Тема 3.  Кицаби, абиял ва бицанкIаби малъи

 

Байбихьул классалдаго лъимал ругьун гьарула кицаби, абиял, бицанкIаби рахьдал мацIалъул дарсазда хIалтIизаризе. Гьениб, цIалдохъабазе гьеб рахъалъ лъикIабго хIалбихьи щола. Ункъабилеб классалда гьезие бицанкIабазул художествияб хаслъи малъизе, кицабазул, абиялъул магIнаялъул гъварилъи, халкъияб гIакъиллъи, бегIерлъи, къокълъи, пасихIлъи, гвангъараб сипатлъи рагьизе ккола. Амма программа гIуцIулез щаяли гьеб суал гIицIго анлъабилеб классалда баян гьабизе бихьизабун буго, гьеб темаялъе гьенибги 2–3 сагIат кьезе рекъараб букIана, кьун буго цохIо сагIат. Гьеб программаялъул гIунгутIи букIинги хIисабалде босун, ункъабилеб классалда «РитIухълъи» яги «Воре тушманасда божуге» абурал темабаздаса цо-цо сагIатги босун, бицанкIаби, кицаби ва абиял малъизе кьезе ккела. Гьедин гьабичIони, маргьаби ма­лъулаго, теориялъул баянал хIисабалда гьеб темаялъулгун лъима­лазул лъай-хъвай гьабизе ва щибаб дарсида санагIат рекъанщинахъе кицаби, бицанкIаби, абиял хIалтIизарун, гьезул хIакъалъулъ цIалдохъабазе гIураб бичIчIи кьела. БицанкIо жибгоги щвалде щвараб магIнаялъул къокъаб асар кколелъул, гьеб цIакъ санагIатаб форма буго тIоцебесеб творческияб хIалбпхьиялъе. «БицанкIаби бигьаго ургъизе кIола», – ян хъван буго машгьурай методист Рыбниковалъ. Абухъего, бицанкIаби чIвай ккола parlye бегIерлъи, пикруялъул мухIканлъи лъадаризе гьарулел рекIелгъеялъул хIай. БицанкIаби ургъула сверухъ ругел гIадамазул, хIайваназул, тIагIащабазул, тIабигIаталъул ва гьелъул лъугьа-бахъиназул, захIматалъул ва батIи-батIияб махщелалъул ва гь. ц. хIакъалъулъ. БицанкIо ккола кочIол яги харбил формаялда, релълъенхъваялъул кьучIалда гвангъарал сипатаздалъун гIуцIараб, цIар балъго тараб предметалъул хIакъалъулъ къокъаб асар. Масала, «хъахIилаб туртитIе тепараб цIоросаролъ». Гьениб зоб релълъинабулеб буго хъахIилаб туртида, цIваби тепараб цIоросаролъида яги «кIудияб хуриб хан – гьецIо». Гьениб зоб релълъинабулеб буго кIудияб хуралда, моцI–хуриб ханлъи гьабулеб гьецIоялда. Цо предметалъе гьарулел сипатаздалъун цIар балъго тараб цойги предмет цебечIезабизе ккола. Амма гьеб сипат-сурат гьабулаго, балъго тараб предметалъе хасиятаб, жавабалъул кIул гIадаб цо-цо эпитет букIуна бицанкIоялда гъорлъ. Гьединал рагIаби ккола рехсарал бицанкIабазулъ «ХъахIилаб», «Хан». МагIарул гIатIидал хурзабахъ гьецIо гуребги, тIалабиги рукIине бегьула, амма хан абураб рагIиялъ «ЦохIо тIад хьвадулеб» абураб магIна кьола, гьелдалъун кантIула моцIалде; туртитIа тепараб цIоросаролъ магIарулазда гIемер бихьараб жо буго, гьелъ цойги предметалдехун щаклъи ккезабуларо, амма «ТIолго хъахIилаб турут» магIарулазда бихьа­раб жо гуро, гьелъ хъахIилаб тIом бугеб цоги предметалде цIала.

Цо-цо бицанкIаби рукIуна цIакъго бечедаб гIумруялъул хIалбихь ва халлъи гьечIого жаваб батизе захIматал. Гьениб релълъен-хъвай букIунаро: букIуна гIакълу хадуб гIунтIизе кколеб масъала. «Дунялалда лъабго камураб жо щиб?» – цо рокъоб гуреб, цо росол гуреб, дунялалдаго тIад камураб лъабго жо батеха?! (ралъдада тIалъелги, зодобе малиги, гIурцIмакье тагьиги). Гьединал бицанкIаби ургъизе цIалдохъабазухъан бажариларо, амма релълъеня хъваялдалъун лъазе кIолел кигIанги гIемер чIвазе гьезул рес букIуна.

БицанкIабаз инсанасул цIодорлъи борцин гуребги, гьесие рес кьола сверухъ бугеб дунял пасихIал рагIабаздалъун, гвангъарал сипатаздалъун цебечIезабизе, гьев ругьунлъула образаздалъун пикру гьабизе ва гьелъул хIасилалда гIакълу цебе тIола.

БицанкIабалъ гIатIидго хIалтIизабула тIатинчIеб дандекквей, цо предметалъе хасиятаб жо цойгиялде гIунтIизаби. Гьединлъидал бицанкIаби жидецаго ургъи ва гьалмагъзабазе чIвай ккола худо­жествияб рагIи хIалтIизабизе ругьунлъиялъул лъикIаб байбихьилъун. БицанкIаби ургъи бацIцIадаб творческияб хIалтIи бугелъул, гьелдеги лъикIаб хIадурлъигун, хIалбихьигун рачIуна. Цебегоялдаса нахъе лъималазда гьоркьоб машгьураб хIай ккола «Дида бихьараб бихьа». Рокъор ругониги, къватIир ругониги хIаялъул rIaхьалчагIаз гIужие босула цо предмет ва ургъула релълъен-хъваялдалъун гьелъие мухIканаб сипат-сурат гьабиялда тIад, ракIалдасан гьеб гьабун лъугIарас гIахьалчагIазда абула: «Дида бихьараб би­хьа». Гьесда гьикъула: «Щиб кьералъул? (кинаб формаялъул?). Масала, хинкIбахъ ишаналъе босун бугони, гьес абила: «Жибго гургинаб, рачI халатаб, гIемерал берал ругеб жо?», яги цIер лъолеб нартил чирахъалъе сипат гьабулаго: «ГIин кьурани, мацI къватIибе рехулеб жо?» Учителас литератураялъул дарсазда бицанкIабазе, кицабазе, абиязе бакIги заманги батизабуни, лъималазул гIакълу цебетIезаби гуребги, гьезулъ гъира-шавкъ цIилъизабула. Гьай-гьай, цин цебе лъималазда лъазе ккола халкъалда жаниб тIибитIарал бицанкIаби чIвазе ва жаваб батизе. Хадуб учителасул нухмалъиялда гъоркь гьел ругьунлъула «Дида бихьараб бихьа» лъазе, цинги бицанкIаби ургъизе. Гьелъие кьураб заманалда пихъ барщараблъи лъала бечедаб ва пасихIаб мацIалъ сочинениял хъвазе цIалдохъаби лъугьинго, образаздалъун кIалъазе байбихьарабго. Гьеб учителасе кIудияб рохел буго.

Кицабиги абиялги халкъияб кIалзул гьунаралъул жавгьараллъун рикIкIиналъе гIураб кьучI буго. Гьезда жанибе буссинабун буго халатал гIасрабазда халкъалъе щвараб хIалбихьи, гIакълу ва тIадегIанаб рухIияб даража. Халкъияб гIакъиллъи-цIодорлъи жаниб сокIкIараб гъамас хIисабалда кицабиги абиялги гIун 6ачIунеб гIелалъе гIакъилаб тарбия кьезе кумек гьабулеб бегIераб ярагълъун ва рухIияб нахърателлъун ккола. Кицабалъ ва абиялъ загьир гьабун букIуна гIагараб ракьалде рокьи, къватIир чIвазарула кIухIаллъи, хIалихьалъи, хиянатлъи ва цойгидалги инсанасул сурукъал хасиятал. Хьвада-чIвадиялъе ва рукIа-рахъиналъе халкъалъ чIезарурал рухIиял гIорхъаби цIунун, гIумру гьа­бизе малъулел гIакълудал хазиналъун кицаби-абиял рукIиналъги, гьезул алхунареб чIор гIадал бегIерал рагIабиги, пасихIлъиги, къокълъиги, гвангъараб образлъи букIиналъги, гьел бигьаго ракIалда чIолел ва гIакъилзабазул каламалъулъ кенчIелел рукIунел. Ккараб бакIалда кици тIамизе бажариялъ ватIа гьавула цIодоравги тIадагьавги чи. ГIакъилас, мисалалъе кици тIамун, калам къокъ гьабула, гьодорав чиясул харбил чIамучIлъиялъ ракI хьуцIлъизабула. Лъималазул мацIалда кицаби гьарулев учителасул хIалтIиялда гIакъиллъиялъул тIор бала; гьединлъидалин кинаб художествияб асаралъул анализ гьабулеб бугониги, магIна данде кколел кицабазул кумекалдалъун героязул образал рагьизе творческиял учительзабаз жигар бахъулеб. Щибаб кици кIудияб гIаммаб хIасил жаниб лъураб тIубараб асар ккола. Гьелъ реc кьола мацIалъул ва литератураялъул дарсазда гьездаса гIатIидго пайда босизе. Хал гьабеха гьал кицабазул гIакълуялъул гъварилъиялде ва тIокIкIеналде:

 

ВатIан гьечIев чи – чед гьечIеб таргьа.

Борхьил бетIер аздагьо лъугьиналде чIинтIе.

ВакъичIого кванаге, кеп щвечIого велъуге.

КIанцIани бох бекулеб борхалъуде вахунге.

 

Кинаб цIубараб гIакълуха бугеб гIумруялъ малъун тараб! Щибаб кици босизе бегьила кIудияб художествияб асаралъе бетIерлъун. Учителасул борч буго героязул гIамал-хасият рагьизе кумек гьабулел, асаралда рехсолел лъугьа-бахъиназда хурхарал кицабиги тIаса рищун, гьездаса пайда босизе лъимал ругьун гьари, гIумруялъул лъугьа-бахъиназе ва чIагоял гIадамазул хьвада-чIвадиялъул кицабаздалъун къимат кьезе малъи. Гьеб цо-кIиго къоялъ, цо-кIиго дарсида малъун лъугIулеб жо гуро: щибаб дарсида, щибаб къоялъ, дарс тун къватIибги кицабазде мугьчIвай гьабизе ккола: гьеб буго гIакълудал къунареб ицц. Кицабаздаги абияздаги гьоркьоб гIураб батIалъи буго. Кици ккола хIасилалде щвараб гIакъилаб пикру, аби ккола хIасил гьабичIого цебе рехараб бегIераб пикру. Кициялъ насихIатияб хIасил, малъа-хъвай гьабу­ла, бицараб пикру гIамлъизабизе, ай гIакълу кьола, абиялъ инсанасе яги лъугьа-бахъиналъе хIунчараб къимат кьун тола. Жидер гIуцIиялде балагьани, абиял ккола гвангъараб сипат-сурат гьабу­лел художествиял рагIаби: эпитетал, метафорал, баянал.

Квер ракул цIечIони, кIал нахул цIоларо. (Кици)

МацIалда хур бекьизе. (Аби.)

Абияз калам гвангъараб сипаталдалъун берцин гьабула. Данде ккве:

Муса чIалгIаде гаргадилев вукIана. (Аби гьечIого)

Муса чIанда цIалкIулев вукIана. (Абигун)

Асма къецалъулъ нахъа хутIана. (Аби гьечIбго)

Асма къецалъулъ тIукъби рищулей хутIана. (Абигун)

Сулаца хабар чIалгIинабуна. (Аби гьечIого)

Сулал хабаралъул чIамучIлъиялъ ракI гIеккезабуна. (Аби­гун)

ГIадамазул хасият-гIамал ва хьвада-чIвади гвангъун цебечIезабизе ва гьезие къимат кьезе абияз кумек гьабула. Масала, кIухIалав хIинцав хIалтIухъанасе къимат кьолаго абула: «Баки агиян, къо агиян»; жиндир мурад тIубачIого тIаса вичIуларев; чиясде абула: «Бадиса рас бахъула» гьесилан. Абиялги чIагояб: каламалда жанир гIемер хIалтIизарула. Гьале гьездасан чангоял: Ракьандаса rlyc бихьизе; нахтIе рехараб гелгIадин; гIосода рас баккизе; беркъапичIого; хIацIу чIикIизе; кьенсер букаризе; чIалгIаде хьвархьвадизе; росу борцине; гIункIрукь хIанчIизе; гьоцIо кьогIлъизе; вегун кьаралъизе, кьижун вицалъизе. Гъваридго рахьдал мацI лъалев ва гьелъул тIагIам бичIчIулев чиясул каламалда жаниб гурони абиялги данд чIваларо. Мискинаб ва хIалакъаб букIуна кицабаздаса ва абияздаса пайда босичIого, бицунеб хабар. Кицабаздасанго гIадин абияздасаги пайда босизе лъимал ругьун гьари мацIалъул ва литератураялъул учителасул тIадаб налъи буго. Классалдаса классалде кицабаздалъун ва абияздалъун цIалдохъабазул мацI бечелъулеб букIине ккола. Байбихьул классазда гьеб рахъалде учительзабаз кIвар кьолеб букIараб батани, тIасиял классазул учительзабаз гьеб рахъ хашго тун буго. БатIаго цIикIкIун заман бахъулеб хIалтIилъун гьезде кIвар кьей кколарелъул, лъималазул калам бечед гьабизе, гIакълу цIубазабизе гьезул бергьун кIудияб квегIенлъиги бугелъул, учителас кицабаздаса ва абияздаса гIатIидго пайда босизе ккела. Ункъабилеб классалъул лъималазда лъазе ккола кицабазе, абиязе, бицанкIабазе ба­ян кьезе, бажаризе ккола бицанкIаби чIвазе. кицаби тIамизе, абиял каламалъулъ хIалтIизаризе.

Ункъабилеб классалъул хрестоматиялда дагьал гурони бицанкIаби ва кицаби гьечIо, абиял абуни цониги классалъул тIехьалдя кьун гьечIо. Гьедин бугелъул учителас гIатIидго хIалтIизарнзе кке­ла З. ГIалихановас данде гьарурал кицабазул тIехь, гьединго М. МуртазагIалиевас къватIибе биччараб бицанкIабазул тIехь. Кьезе бегьила классалда (3–4 минуталъе) бицанкIаби – жаваб батизе, гье­динго рокъоре – жавабалъе сурат бахъун босизе. Классалда бегьила 10–14 бицанкIо хъвараб хъарщи къеда базе ва тIадкъазе гьезда гъорлъа берцин бихьараб лъабго бицанкIоялъе жавабалъе суратал рахъизе. Лъималазда тIадкъазе бегьила цIияб техникаялъул хIакъалъулъ, яги гIадамазул хIакъалъулъ бицанкIаби ракIаризе, ургъизе, гьединго pyxl гьечIеб предмет чIагояб рухIгIадин чIвалел бицанкIаби ратIа гьаризе, яги 4–5 гьединаб бицанкIо хъван боси­зе. Масала, «РачI ккуни, магIу тIолеб жо», «ГIин кьурани, мацI къватIибе рехулеб жо» ва гь. ц.

Жура-гъуран кицаби ва абиял кьела (10–12), тIад къала ки­цаби ратIа росун хъвазе ва гьезул магIна бицине, гьединго бегьила ватIаналъул хIакъалъулъ, гьудуллъиялъул, гьудулзабазул хIакъалъулъ, гьединго гIелму-лъаялъул, жагьиллъиялъул бицунел кица­би (4–5) хъван росизе, яги ратIа рахъизе. Кьурал кицабазул магIнаги рагьун, шулияб ва чIимигIаб гьудуллъиялъул хIакъалъулъ къокъалго харбал ургъизе (5–8 предложение). ЦIаларал асаразда гъорлъ кицаби, абиял хIалтIизариялъе мисалал рачине. ЛъикIаб творческияб хIалтIилъун ккола годекIаииб, клубалда харабазухъ гIенеккун, гьез каламалъулъ хIалтIизарурал кицаби ва абиял лъан ва хъван бажари. Гьединаб тIадкъай кьезе бегьила цIакъго лъикI лъимал кицаби ва абиял ратIа рахъизе ругьунлъараб мехалъ. ТIадкъай букIине бегьула аби гIадатаб рагIудалъун хисун предложениял хъвазе, кициялъул битIараб ва хъвалсараб магIна батизе: «ГIемер лъадахъани, лъел гIеретI бекула».

 
Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»